Аслияб гьумералде

ЦIуриб – гIалимзабазул мажлис

ЦIуриб – гIалимзабазул мажлис 

ЦIуриб – гIалимзабазул мажлис

ЧIарада районалъул ЦIуриб росулъ тIобитIана республикаялъул гIалим-забазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабизе рачIун рукIана республикаялъул батIи-батIиял районаздасагун росабалъа гIадамал.

Гьалбадерида дандчIвай гьабуна чотIахъабаз ва мажлис байбихьана шазалияб хатму гьабиялдасан.

Гьалбадерие ва гIахьалчагIазе чIезарун рукIана киналго шартIал ва цониги чи нахъе виччачIин абизе гьоболлъи гьабичIого.

КIалъазе рахъараз бицана гьадинал мажлисаз жамгIият цолъизабулин, рухIияб рахъ цебетIезабулин ва исламалъул гIезегIан дарсал щолин абун.

Гьединго рехсараб мажлисалда гIахьаллъи гьабуна Босниялдаса бачIун букIараб делегациялъги. Гьелъие нухмалъи гьабулебги букIана Босниялъул ва Герцоговиналъул исламияб жамгIияталъул тIадегIанав муфтиясул гIакълучи МустIафа Прлячица.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...