Аслияб гьумералде

151 хъизамалъе кумек гьабуна

151 хъизамалъе кумек гьабуна

«Инсан» фондалъ Мадина шагьаралда тӀобитӀана кӀудияб акция. ГӀарац бакӀариялъул хӀалтӀул бутӀа хӀисабалда хӀежалде унезул рахъалдасан кумек щвана бищунго хӀажатаб 151 хъизамалъе. Щибаб хъизамалъе щвана кванил нигӀматазул пакетал.

Фондалъул волонтерал щвана захIматаб ахIвал-хIалалде ккарал хъизамазухъе ва гьабуна бажарараб кумек.

Мадинаялъул гӀадамаз ракӀ-ракӀалъулаб баркала кьуна гьезие, гьабуна дугӀа.

ГӀемерал соназ «Инсан» фондалъ гьединал проектал гӀумруялде рахъинарулел руго гьоркьоса къотӀичӀого. Хехго кумек хӀажатал батӀи-батӀиял регионазда тӀоритӀула кванил нигӀматазул акциял. Фондалъул аслиял рахъазул цояб ккола гьелъул «Щибаб рокъобе квен» абураб программа. Гьелда гӀахьаллъизеги бегьула бокьарав чи. Фондалъул приложениялдеги лъугьун, рес рекъараб гӀарац кьолеб къагӀида тӀаса бищизе бегьула.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...