Аслияб гьумералде

«Инсан» фондалъ базе буго 26 мина

«Инсан» фондалъ базе буго 26 мина

«Инсан» фондалъ базе буго 26 мина

Хасавюрт районалде щварал Дагъистаналъул хӀукуматалъул нухмалъулев МухIаммад Рамазановас, «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад ГӀабдурахӀмановас ва муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухӀаммад Мукъошдибировас дандбана лъеца зарал ккаразе кумек гьабиялъул суал.

М. ГӀабдурахӀмановас бицана «Инсан» фондалъ зарал ккарал гIадамазе цӀиял минаби разе рукIиналъул хIакъалъулъ. ЦӀияб-ЦIиликь росдал гӀадамазе базе хӀисабалде босун буго анцӀила анкьго мина ва Адильотар росдал гӀадамазе - ичӀго мина.

Дагъистаналъул хIуку-маталъул председателас тӀадчӀей гьабуна зарал ккаразе квербакъи гьабизе хӀукуматалъул идарабазул, жамгӀиялгун гурхӀел-рахӀмуялъул гӀуцӀабазул къуват цолъизабиялъул бугеб кӀваралда.

«Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад ГӀабдурахӀмановас баркала загьир гьабуна гьеб лъикӀаб ишалъе квербакъи гьабулевщинав чиясе.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...