Аслияб гьумералде

Фаизхановасул ирс

Фаизхановасул ирс

Фаизхановасул ирс

Татарстаналъул муфти Камил-хIазрат Самигуллиница гIахьаллъи гьабуна «Фазихановасул цIалиял» абураб тадбиралда. Гьеб тIобитIана Москваялъул аслияб мажгиталда.

КIалъазе вахъарав муфти, исламиял гIелмабазул доктор Камил-хIазратица абуна гьадинал тадбирал тIоритIи кколин кутакалда кIвар бугеб иш ва баркала кьуна гьелъие квербакъаразе.

«Жакъа къоялдаги Хусаин Фаизхановасул ирс лъазаби ккола кутакалда кIвар бугеб иш. Щайгурелъул гьесул хIалтIабаздаса пайда босула гIемерал бусурбабаз ва исламияб диналда гьечIезги. Гьединлъидал, нилъедаги кIочене бегьуларо гьел хIалтIаби ва хIаракат бахъизе ккола гьездаса пайда босизе», - ян лъазабуна Камил-хIазрат Самигуллиница.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...