Аслияб гьумералде

«Россиялъул гIолохъанал гIалимал»

«Россиялъул гIолохъанал гIалимал»

«Россиялъул гIолохъанал гIалимал»

Исламияб гIелму лъазабиялъул рахъалъ Дагъистаналъул исламияб университеталъ лъазабулеб буго къец.

Республикаялъул рехсараб ВУЗалъ бергьаразе кьезе руго къиматал сайгъаталги. Масала, тIоцебесеб бакI ккурасе кьезе буго Chevrolet Monza маркаялъул автомобиль. КIиабилеб бакIалъухъ - 300 азарго гъурущ ва лъабабилеб бакIалъухъ - 200 азарго гъурущ.

Конкурс тIобитIизе буго 14 ва 15 сентябралда, Дагъистаналъул исламияб университеталда. Къецалда гIахьаллъизе бокьарал исламиял цIалул идараби лъугIарал яги жеги цIалулел ругел гIолохъабаз гьанжего кьезе ккола заявка.

ТIадеги баян лъазе бокьараз ахIизе бегьула телефоналъул гьаб номералде: 8(988)290 87 03

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...