Аслияб гьумералде

Гумбет районалъул мажлис

Гумбет районалъул мажлис

Гумбет районалъул мажлис

МахIачхъалаялда, Зайнулла Шарифил цIаралда бугеб мажгиталда, Гумбет районалъул жамагIаталъ тIобитIана мажлис.

Гьеб байбихьана хирияб Къуръан цIалиялдалъун.

Мажлис нухда бачана районалъул имам ГIабдула Ибрагьимхановас. ВагIза-насихIаталгун районцоязда цере кIалъазе рахъана муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъов, МахIачхъала шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель ГIабдула Ахалов, Миннацалъул отделалъул начальник МухIаммад МухIаммадов, Каспийск шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Мурад ИсмагIилов, Хасавюрт шагьаралъул ва районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад МухIаммадов, гIалим Идрис Асадулаев, «Ас-Салам» газета тIибитIизабулеб отделалъул нухмалъулев ГIали МухIумаев.

Рехсараб тадбиралда хIалтIулъ хIаракатчилъи бихьизабурал имамзабазе, «Ас-Саламалъул» менеджеразе ва цо-цо цогидазеги кьуна Баркалаялъул кагътал.

Гьединаб мажлис гIуцIиялъул аслияб масъала букIана цоцазулъ гьудуллъи-вацлъи щула гьаби.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....