Аслияб гьумералде

Кутлаб росдал гӀолилазулгун дандчӀвай

Кутлаб росдал гӀолилазулгун дандчӀвай

МахӀачхъалаялда тӀобитӀана, ЛъаратIа районалъул имамзабазул советалъул председателасул хIаракаталдалъун, Кутлаб росдал гӀолилазулгун дандчӀвай. Данделъиялда гIахьаллъана диниялгун жамгӀиял хӀаракатчагӀиги.

Гьалбадерида гьоркьор рукӀана районалъул имамзабазул советалъул председатель ШагIбан Рамазанов, гӀолилазул вакил Давудов Камил, Кутлаб росдал имам ГӀабдула Агъаров, тохтур Мурад Хизриев ва цогидалги.

Данделъараз гӀолилал ахӀана гӀумруялъул киналго рахъазда, хасго диниял суалазда цӀодорго рукӀине. Хасго районалъул имамас гӀолилал ахӀана умумузул тарих лъазабизе ва жидерго росабалъ ругел рукъзал, гьединго, хабалаби цӀунизеги цӀигьаризеги бажарараб хӀалтӀи гьабизе.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...