Аслияб гьумералде

ХIажизабаз лъай-хъвай гьабулеб буго аварагасул ﷺ гIумруялъулгун

ХIажизабаз лъай-хъвай гьабулеб буго аварагасул ﷺ гIумруялъулгун

ХIажизабаз лъай-хъвай гьабулеб буго аварагасул ﷺ гIумруялъулгун

Мадинаялда буго аварагасул ﷺ гIумруялъул ва исламияб диналъул цебетIеялъул бицунеб халкъазда гьоркьосеб музей. Дагьаб цебегIан гьелъ къабул гьаризе байбихьана хIажизаби ва гьезие рес щвана аварагасул ﷺ гIумруялъул бицунел тарихиял документазулгун лъай-хъвай гьабизе.

Музей хIалтIулеб буго сордо-къоялда жаниб ва батIи-батIиял экраназдасан рес буго батIи-батIиял мацIазда аварагасул ﷺ гIумруялъулгун лъай-хъвай гьабизе.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...