Аслияб гьумералде

Шамил районалъулал данделъана

Шамил районалъулал данделъана 

Шамил районалъулал данделъана

МахӀачхъалаялда тӀобитӀана гӀолилалги, умумулги, жамгӀиятги данде гьабураб Шамил районалъул гӀадамазул данделъи.

Аслиял темабилъун рукӀана гIолилал наркоманиялдаса цӀуни, рухӀиябгун яхӀ-намусалъулаб тарбия кьеялъул бугеб кIваралъул бицин.

КIалъазе рахъана диниялгун жамгӀиял хӀаракатчагӀи, спортсменал, экспертал. Шамил районалъул гӀолилазул жамгӀияб гӀуцӀиялъул председатель МухӀамад КIодохIмаевас абуна: «Жакъа гӀолохъанчи шагьаралде уна ва гьесул эбел-инсуда лъаларо гьев щиб гьабулев вугевали. Гьединлъидал нилъер щивас хIаракат бахъизе ккола мекъаб нухдасан унев ватарав витIизавизе, гIакълу кьезе, малъа-хъваял гьаризе», - ян.

ЖамгӀияв хӀаракатчи МухIаммад МухIаммадовас абуна гьаб заман бугин интернеталъул кутакаб тIадецуй бугеб. Гьединлъидал щивав чиясда тIадаб бугин гӀолохъанаб гӀелалда дандчIвалел масъалабазда хадуб халкквезеян.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...