Аслияб гьумералде

Улкаялъул бетIерас баркана

Улкаялъул бетIерас баркана

Улкаялъул бетIерас баркана

Россиялъул президент Владимир Путинил хIукмуялдалъун ХIурматияб грамота кьун кIодо гьавуна Дагъистаналъул муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаев.

Гьайгьай гьеб ишалдаса дагъистаниял цIакъ разилъана ва нилъер муфти жеги тIадегIанаб шапакъаталъе мустахIикъавги вуго.

Муфтилъун хIалтIулеб 25 соналда жаниб гьес живго вихьизавуна бищун лъикIал хасиятал гъорлъ рессарав ва цогидазги мисал босизе мустахIикъав инсан хIисабалда. ГIицIго нилъер республикаялъул бусурбаби гурелги цогидал регионазда ругелги цолъизариялъе ва диназда гьоркьор рикьалаби тIагIинариялъе гьес гьабураб ва гьабулеб бугеб хIалтIи буго цIакъго кIудияб, къимат кьезецин хIалкIолареб.

Нилъер хIурматияв шайихасул баракаталдалъун республикаялда тIадеялдаса-тIаде цебетIолеб буго ислам ва гьес щивав чи ахIулев вуго гьудуллъи-вацлъи цIунун гIумру тIамизе.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...