Аслияб гьумералде

Хъвартихьуни – гIалимзабазул мажлис

Хъвартихьуни – гIалимзабазул мажлис

Хьаргаби районалъул Хъвартихьуни росулъ тIобитIана, машгьурав гIалим Хъвартихьуниса МухIаммад ракIалде щвезавиялъул хIурматалда, мажлис.

Гьеб баракатаб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандицаги республикаялъул хIуку-маталъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасги.

Мажлисалда гIа-хьаллъизе рачIун рукIана республикаялъул батIи-батIиял бакIаздаса гIемерав чи. Гьениб бицана жакъа бусурбанчиясда дандчIвалел захIмалъабазул, гьел тIуразе кколеб куцалъул ва халкъалъул суалазе кьуна жавабал.

Мажлисалъул ахиралда Дагъистаналъул муфтияс ва республикаялъул хIукуматалъул нухмалъулес зиярат гьабуна Хъвартихьуниса МухIаммадил хабадеги. Гьев ккола «Фатава Хъвартихьуни» абураб тIехьалъул авторги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...