Аслияб гьумералде

Футбол хIаялъул къец

Футбол хIаялъул къец

Казбек районалъул Дилим росулъ, М. Азаевасул цIаралда бугеб МДЮСШалда, тIобитIана гIолилазда гьоркьоб футбол хIаялъул рахъалъ къец. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул анлъго росдал командаялъ.

Турнир тIобитIиялъул мурад букIана СВОялда гIахьаллъи гьабулел ругел ракьцоял кIодо гьари, гIун бачIунеб гIел ватIан бокьулеллъун куцай ва гIолилазда гьоркьоб вацлъи щула гьаби.

Къецалъул хIасил гьабидал, баянлъана тIоцебесеб бакI «Ленинаул-1» командаялъ ккураблъи (тренерал – МахIмуд Алханов ва Марат Абукаев).

КIиабилеб бакI щвана «Дилим-1» командаялъе (тренерал – АхIмад Иманшапиев ва Аляс Алясаев).

Лъабабилеб бакIалде бачIана «Ленинаул-2» команда (тренерал - Алханов ва Абукаев).

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...