Аслияб гьумералде

Хасавюрталда – маслихIаталъул отдел

Хасавюрталда – маслихIаталъул отдел

Хасавюрталда – маслихIаталъул отдел

Дагъистаналъул муфтияталъ республикаялъул Северияб территориалияб округалда рагьана маслихIат гьабиялъул отделалъул филиал.

Муфтияталъул рехсараб округалда вугев вакил Ибрагьим Къулдуевасул ва Хасавюрт районалъулгун шагьаралъул имамзабазул председатель Аргъваниса МухIаммадил нухмалъиялда гъоркь гьениб тIобитIана диниял хIаракатчагIазул данделъи.

Тадбиралда хIукму гьабуна отделалъул нухмалъулевлъун МухIаммадрасул МухIаммадгъазиев тасдикъ гьавизе. Цебе гьев хIалтIулев вукIана МахIачхъалаялда бугеб гьединабго отделалда. Филиалалъ хIалтIизе байбихьана ва гьеб буго гьаб адресалда: Хасавюрт шагьар, Даибовасул къватI, 22.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....