Аслияб гьумералде

Тахшагьаралъе 167 сон

Тахшагьаралъе 167 сон

Тахшагьаралъе  167 сон

Исана тIубана Дагъистаналъул тахшагьар МахIачхъала гIуцIаралдаса 167 сон. Гьеб байрам кIодо гьабун МахIачхъалаялъул аслияб майданалда тIобитIана Дагъистаналъул машгьурал спортсменал, Олимпиялъул чемпионал гIахьаллъараб радалисеб зарядка. Гьенир данделъун рукIана 15 азаргоялдасаги цIикIкIун чи.

Зарядка гьабулеб букIана Олимпиялъул чемпионазул бербалагьиялда гъоркь. Гьебго къоялъ тIоритIана гIолилазда гьоркьор батIи-батIиял къецал. Гьеб байрамалда гIахьаллъи гьабуна МахIачхъала шагьаралъул нухмалъулев Юсуп Умавовас, шагьаралъул администрациялъул жавабияз, диниял церехъазгун жамгIиял хIаракатчагIаз. Гьединал мажлисаз квербакъула гIолилазда гьоркьоб спорталъул тайдаби машгьур гьариялъе, гьелдехун гIолохъабазул рокьи бижиналъе. Черх лъадари ккола исламалъги беццулеб лъикIаб ишлъун. Щайгурелъул сахаб къаркъалаялда гурони камилго гIибадат гьабун бажаруларелъул.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...