Аслияб гьумералде

Хасавюрт районалда - «Къуръаналъул сордо»

Хасавюрт районалда - «Къуръаналъул сордо»

«Къуръаналъул сордо» абураб цIаралда гъоркь Хасавюрт районалъул Сивухъ росулъ тIобитIана тарбиягун рухIияб лъай кьеялъул мажлис.

Данделъаразе магIнаяб вагIза-насихIат гьабуна ДРялъул муфтиясул заместитель АхIмад МухIаммадовас. Гьес бицана нахъасан кIалъаялдаса, мацI гьабиялдаса, гъибат-бугьтаналдаса цIунун рукIине ккеялъул. ВагIза гьабуна Къуръаналдаса аятазда, аварагасул ﷺ хIадисазда мугъчIвайги гьабун.

Гьединго мажлисалда кIалъана Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад Дибирдадаев, гIалим ГIали-хIажи СайгидхIусенов ва Къуръан рекIехъе лъазабиялъул центразул нухмалъулев Шамил МухIаммадов.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...