Аслияб гьумералде

Футболистазги бихьизабула мисал

Футболистазги бихьизабула мисал

Катаралда тIобитIараб футболалъул рахъалъ дунялалъулго чемпионаталда загьирго бихьана Европаялда ва бусурбабазул дунялалда кинаб къагIидаялъ хъизамалдехун бербалагьи гьабулеб бугебали.

Масала, немцазул цо комментаторас кIвар буссинабуна Мароккоялъул футболистаз эбел-инсул ва хъизамалъул чагIазул адаб гьабулеб бугеб куцалде.

«Гьединал гьоркьорлъаби западалъул жамгIияталда гьечIо. Гьел церего тIагIана. Европаялда нилъеда бихьула футболистаз жидерго йокьулей кIодо гьаюлей, гьебго заманалда эбел-эменин абуни гьезул рукIуна херазул рукъзабахъе рехун. Мароккоялъул командаялъ гьединаб бергьенлъи босиги ккола хъизамалъулаб рахъкквей букIин. Европаялъин абуни рахъ кколеб буго гомосексуалазул», - ян бицана гьес.

Журналистас кIвар буссинабуна европаялъулаз бусурбабаздаса мисал босизе цебего заман щун букIиналде.

«Дида ракIалде ккола цо кидал бугониги нилъедаги бихьилин Европаялъул футболистазги жидерго эбел-инсул надалда къочулеб», - ян абураб пикруги загьир гьабуна немцазул журналистас.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...