Аслияб гьумералде

ГIахьвахъ районалъул вакилзаби – муфтиясухъ гьоболлъухъ

ГIахьвахъ районалъул вакилзаби – муфтиясухъ гьоболлъухъ

ГIахьвахъ районалъул вакилзаби – муфтиясухъ гьоболлъухъ

ЦерегIанго къоязда ГIахьвахъ районалъул делегация бачIун букIана ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандихъе гьоболлъухъ. Гьелъие нухмалъи гьабуна районалъул муниципалитеталъул бетIер МухIаммад МуртазагIалиевас.

Гьединго, дандчIваялда гIахьаллъи гьабуна районалъул депутатазул собраниялъул председатель Шамил Таймасхановас, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Дайтбег Сайповас, районалъул имам МухIаммад МухIаммадовас.

Гьалбадерица бицана районалда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ, тIаде гIолеб гIелалъе битIараб тарбиягун рухIияб лъай кьеялда сверухъ гьабулеб бугеб хIалтIул.

ДандчIваялъул ахиралда МухIаммад МуртазагIалиевас баркала кьуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афанди ГIабдулаевасе ва абуна хадубккунги районалъул администрация хIадураб бугин рухIиял церехъабазда цадахъ хIалтIи гьабизеги гIолилазе рухIияб лъай кьеялъул иш цебехун бачинеги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...