Аслияб гьумералде

ДугIаялъул къуват

ДугIаялъул къуват

ДугIаялъул къуват

ДугIа бусурбанчиясул ярагълъунги гIибадаталъул гIадал-нахлъунги рикIкIуна. Гьединго дугIа гIибадаталъул бищун лъикIаблъун кколинги абула. ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ вокьулила Жинде ﷻ ахIи балев чи. ДугIа гьабизеги суннатаб буго.

 

Балагье жакъа бусурбабазде тIаде рачIунел балагьазухъ. Гьезие кумек гьабиялдаго цадахъ дугIаги гьабизе ккеларищ? Цо-цояз дугIа гьаби малъи гьабичIого тола. Щибха ккезе бугеб дугIа малъи гьабичIого тараб мехалда? ДугIаялъул магIна кколарищ ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ хIели, гъалатIал рихьун Гьесие мукIурлъи, дудаго тIад хIалтIи гьаби.

БетIергьанас ﷻ абуна: «Къварилъи-балагь щварав чияс ахIи бараб мехалъ, гьесие жаваб кьезе кIолев ва гьесдаса къварилъи борхизе кIолев чи вугищ? (ГьечIо, цохIо Аллагь ﷻ гурони). Аллагь ﷻ вуго жинца ракьалда тIад халипзаби гьарурав. Аллагьгун цадахъ цоги аллагьищха вугев? Гьаб жо бичIчIулев ва гьалъул вагIза босулев чи цIакъго дагь гурони гьечIо» (сура «Намл», аят 62).

Имам Фахруддин Разияс абуна: «ГIемерисел гIалимзабаз абуна дугIа кколин гIибадатазул кIудияб макъамлъун», - илан.

Абу Сулайман ХатIабияс абуна: «ДугIаялъул магIна ккола ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ кумек гьабеян ахIи. ДугIаялъул хIакъикъат ккола дур бугеб хIажат Аллагьасда ﷻ бихьизаби ва гьединго загIиплъиги, ай лъикIаб гьабизе, квешаб тезе Аллагьас кумек гьабун гурони кIоларелъул. Гьеб гIаламатлъун ккола Аллагьасе ﷻ лагълъи гьабиялъе ва загIиплъи бихьизабиялъе. Гьединго щукру гьабула Аллагьасул сахаватлъиялъухъ. Гьелъин Аварагас ﷺ абулеб, дугIа - гIибадат кколин абун.

Имам Нававияс абуна: «Аварагас ﷺ дугIа гьабулаанин мунагьал чурейинги абун. Гьебгиха, цере аралги хадур рукIине ругелги мунагьалги гьесул ﷺ чурун рукIаго. Бугониги аварагас ﷺ дугIа гьабулеб букIана Аллагьасе ﷻ хIелун. Щайгурелъул, дугIа гIибадат кколеб букIун».

Ибну ГIабасица абун буго, Аллагьасда ﷻ гьаризе бокьидал гьарейин, Гьесдаса ﷻ кумек тIалаб гьабизе бокьидал, тIалаб гьабейин абун. (Имам Тирмизи)

ХIафиз ибн Ражаб ХIанбалияс абуна: «ДугIа ккола гIибадат. ГIемер нуцIида кIутIидал жаваб щвечIого букIине рес гьечIо. Гьединлъидал дугIа гIемер гьабизе рекъола. Абун буго бачIине бугин цо заман, тIадчIун, гIемер гьабун гурони дугIа къабуллъулареб. Гьебги ккола питнаби гIемерлъараб заман».

 

Шамил МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...