Аслияб гьумералде

Айдамир Валиевас баркана

Айдамир Валиевас баркана

РФялъул президентасул СКФОялда вугев хасав вакил Юрий Чайкал кумекчи Айдамир Валиевас баркана Дагъистаналъул муфти АхIмад-афандида ва тIолалго бусурбабазда къурбанкъо.

Гьев вачIун вукIана муфтиясухъе гьоболлъухъги.

Айдамир Александровичас абуна АхIмад-афандица цIакъго кIудияб бутIа лъолеб бугин регионалда динияб гIумру цебетIезабиялъулъ ва республикаялда диназдагун миллатазда гьоркьоб рагIи дандеккунгутIи букIинабиялъулъ.  Гьес бицана Дагъистаналъул муфти кколин жиндир къадру-къимат бугев рухIияв цевехъан ва гьесул хIаракаталдалъун гIемераб хIалтIиги гьабулеб бугин жамгIият цолъизабиялъе.

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...