Аслияб гьумералде

Бицунеб рагIанщиналда божизе бегьуларо

Бицунеб рагIанщиналда божизе бегьуларо

Бицунеб рагIанщиналда божизе бегьуларо

Миллатазда гьоркьоб рекъел ва рагIи дандеккей букIинабиялъул мурадгун Дагъистаналъул гуманитариябгун педагогикияб колледжалда, Башларовасул цIаралда бугеб медицинаялъул колледжалда ва Халкъияб магIишаталъул университеталда тIобитIана данделъаби.

Дагъистаналъул гуманитарияб институталъул кафедраялъул доцент Асма Мусаевалъ бицана ахираб анцIго соналда жаниб киса-кибего тIегьан бачIунеб бугеб нацизмалъул заралалъул, гьелдаса цIунизелъун гьаризе кколел тадбиразул хIакъалъулъ.

ДГИялъул кIудияв преподаватель Ханжан Къурбановас бичIчIизабуна щиб жо кколеб информациялъулаб рагъ ва кин бокьарав чиясул бетIер сверизабизе рес бугебали. Гьединлъидал, гьес бицухъе, щивав чиясда лъазе ккола гьересиябги ритIухъабги информация батIа бахъизе.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...