Аслияб гьумералде

КЦСОНалъул хIалтIухъабазухъ гьоболлъухъ

КЦСОНалъул хIалтIухъабазухъ гьоболлъухъ

КЦСОНалъул хIалтIухъабазухъ гьоболлъухъ

Херазе, ресукъазе, инвалидазе кумек гьабулеб Гъуниб районалъул КЦСОНалъ ва «Инсан» фондалъул районалда бугеб филиалалъ цебегоялдаса нахъе гьабулеб буго цадахъаб хIалтIи. Гьал къоязда КЦСОНалъул хIалтIухъабазухъе иргадулаб сапаргун рачIана районалъул имамазул советалъул председатель Разакъов ГIалиасхIаб, имамасул кумекчи Ибрагьим, «Инсан» фондалъул филиалалъул нухмалъулев ШагIбанов ГIабдулагь-хIажияв. Разакъовас бицана бихьиназгун руччабаз гьаризе кколел адабазул, какил арканазул ва гьединго жавабал кьуна батIибатIиял суалазе.

ШагIбановас рехсана гъоркьиса районалъул ресукъал гIадамазе гьабун бажарараб кумекалъул хIакъалъулъ цо-цо баянал. МухIкан гьабуна районалъул гIадамаз, гьединго районалдаса сахаватчагIаз садакъаде кьураб гIарац ва абуна кванил нигIматал щвезарулин фондалъул хIисабалда ругел ресукъал гIадамазе. Хадуб ГIабдулагь-хIажиясги КЦСОНалъул отделалъул нухмалъулей Горолова Байгинатицаги цоцазухъ бугеб ресукъазул сияхI цойиде босана цадахъ рекъон хIалтIи гьабиялъул мурадалда.

ГIУМАР ГIУМАРОВ

Башларовасул цIаралда бугеб медколледжалъ СМИязул вакилзабазе пресс-тур гьабуна

Башларовасул цIаралда бугеб медколледжалъ лъай-хъвай гьабиялъулаб пресс-тур тIобитIана республикаялъул СМИязул вакилзабазе. Колледжалъул рукъзал, кабинетал, аудиториял рихьизаруна гьалбадерида. Гьединго мухбирзабаз лъайхъвай гьабуна колледжалъул цIалдохъабазулгунги. Пресс-туралъул ахиралда медколледжалъул хIалтIиишалда хурхун тIобитIана прессконференцияги. Мухбирзабазул суалазе жавабал кьуна Руслам Мамаевас. Гьесул рагIабазда рекъон, Башларовасул цIаралда бугеб медколледж хIалтIулелдаса нахъе 10-ялдасаги цIикIкIун сон ана. Кинабниги медколледжалда ва гьелъул филиалазда цIалулев вуго 5000-ялдасаги цIикIкIун студент.

Гьезул 3000-яв вуго МахIачхъалаялда. Башларовасул цIаралда бугеб медколледжалъул филиалал руго Каспийскиялда, Дербенталда, Избербашалда, Хасавюрталда ва Гъизляралда. Медколледжалда цIали бикьун буго ункъо рахъалдехун: «Сестринское дело», «Лечебное дело», «Стоматология ортопедическая», «Акушерское дело». Медколледжалда цIаларал студентаз республикаялъул больницабазда тIобитIула практика ва цIалун рахъарал хIалтIизе росула республикаялъул ва гьединго Россиялъул шагьараздагун росабалъ ругел больницабазде. ЦIалдолеб бакIалъул хаслъабаздасан буго адаб малъиялъул хIалтIуде кIвар кьей, ришватчилъи букIунгутIи, студентал квешабщиналдаса цIуни.

«Цоцалъ гъункун рукIаго нилъ къоларо!»

Гьединаб ахIиялда гъоркь Гъизилюрт районалъул ЦIияб ЧIикIаб росулъ тIобитIараб футболалъул лигаялъул хIасилал гьаруна. 2018 соналдаса байбихьун ЦIияб ЧIикIаб росдал имам Шамил ГIисахIажиевасул бербалагьиялда гъоркь росдал гIолохъабаз гIуцIун буго футбол хIаялъул «Ас-салам лига». Гьединаб цIар лъеялъул гIиллаги - баракатаб «Ас-салам» казияталда хурхараблъун букIине бокьи ва аслияб мурад - росдал гIолохъабазда гьоркьоб кидаго цоцалъ гьуинлъи, сах-саламалъи, цолъи ва рекъел букIин.

«Ассалам» абураб рагIиялъул магIнаго гьединаб бугелъул. Гьале исанаги тIобитIана гьеб лигаялъул ункъабилеб сезон. Исана гьениб гIахьаллъи гьабуна 16 командаялъ. Щибаб анкьалъул шамат ва гьатIан къояз, сагIат анкьгоялда байбихьулаан хIаял. Ралагьизе рачIарал росдал гIолилазе ва гьалбадерие чайгун кофеги камулароан. Росуцоязе пайдаялъе гIуцIарал оргкомитетазулги букIуна гьеб лигаялъе кумек. Масала, цояб оргкомитеталъ футболалъухъ балагьизе рачIаразе рахIат букIинелъун стадионалда хурхинабун бана тIокъо.

Цогидаб оргкомитеталъ гьелдаго аскIоб бана богорукъ хIисабалда гьитIинаб рукъ. Цогидаз стадион къачIаялъе гьабуна кумек. 27 марталда исанасеб сезон лъугIиялда бан хIасилал гьарун шапакъатал ва сайгъатал кьезелъун гьитIинабго данделъи гIуцIана. Гьениб гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналда «Ас-салам» казият тIибитIизабиялъул вакил МухIаммаднур Ибрагьимхановас ва Дагъистаналъул шагьаразда «Ассалам» казият тIибитIизабиялъул вакил Мурад МухIаммадовас.

«Ас-салам» лигаялъул нухмалъулезул цояв Айдемир Расуловас футбол хIалаго тIокIлъи бихьизабуразе шапакъаталги кьуна. МухIаммаднур Ибрагьимхановас ЧIикIаб росдал жамагIаталъе баркала кьуна. Росдал имам Шамил ГIисахIажиевасе баркала кьуна 2022 соналъ «Ас-салам» казияталъул подписка гьабиялъул рахъалъ ЦIияб ЧIикIаб росдаца чанго къоялда жаниб, киназго къвалал гурун, норматив тIубазабуралъухъ. КIалъаялъул ахиралда тIаде рачIарал гьалбадерица росдал имамасе сайгъат гьабуна буртина ва бухари-тIагъур.

Къецалда бергьаразе шапакъатал кьуна

Гумбет районалда тIобитIана как битIун баялда тIасан къец. Рамазан моцI тIаде щвеялъул хIурматалда тIобитIараб мажлисалда кьуна бергьаразе шапакъаталги. Конкурсалъул хIасилалда, школалда цIалулел васазда гьоркьоб тIоцебесеб бакI ккуна МухIаммад МухIаммаднуровас, 45 сон бачIезда гьоркьоб тIоцебесеб бакI босана Газгерей Газгереевас, 45 сонил ригьалдаса тIаде аразда гьоркьоб - МухIаммадрасул ГIабдулатIиповас.

Школалда цIалулел ясазда гьоркьоб тIоцебесеб бакI ккуна Асият МухIаммадрасуловалъ, 45 сон бачIезда гьоркьоб – РахIмат МухIаммадовалъ, 45 сонил ригьалдаса тIаде аразда гьоркьоб – Напилат КарахIмаевалъ. Бергьаразе кьуна дипломал ва гIарцулал сайгъатал.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...