Якутскиялда «Лъаялъул сордо»
Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир.
Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил Къебедовас.
Тадбиралъул заманалда гьелъул гIахьалчагIаз бицана Аллагьасул хирияв Аварагасул ﷺ гIумруялъул, гьесул букIараб тIабигIат-гIамалалъул хIакъалъулъ. Гьединго киналго ахIана вацлъиялда ва цоцалъ рекъон гIумру гьабиялде, хирияв Аварагасдаса ﷺ мисал босун хьвадиялде.
Гьеб мажлис ккана халкъалъул рухIияб рахъ бечед гьабиялъе сабаблъун ва бусурбабазда гьоркьоб бухьен цIикIкIиналъе хIужалъун.