Аслияб гьумералде

Дагъистаналъул муфти дандчIвана татаразул муфтигун

Дагъистаналъул муфти дандчIвана татаразул муфтигун

Дагьал церегIан къоязда Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандихъе гьоболлъухъ вачIун вукIана Татарстан республикаялъул муфти Камил-хIазрат Самигуллин. Татаразул муфти республикаялде вачIун вукIана халкъазда ва диназда гьоркьосеб гIолилазул форумалда гIахьаллъи гьабизе. КIиябго республикаялъул муфтияз бицана цадахъ рекъон гьабулеб бугеб хIалтIулги гьелъ кьолел ругел хIасилазулги. Гьеб къагIида жеги цебетIезабизе бугинги лъазабуна гьез.

Муфтияталъул председателасги гIахьаллъи гьабуна

«Международный опыт профилактики и противодействия идеологии терроризма» абураб цIаралда гъоркь тIобитIараб халкъазда ва диназда гьоркьосеб гIолилазул форумалда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталъул председатель МухIаммад Майрановасги. Терроризмалде данде гьабулеб хIалтIулъ гIолилазулги бутIа букIиналъул кIудияб кIвар бугин абуна гьениб МухIаммад Майрановас.

Гьединго конференциялда гIахьаллъана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимов, республикаялъул лъималазул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ вакил Марина Ежова, тIолабго Русалъул ва Москваялъул патриархиялъул прессхъулухъалъул редактор Дмитрий Асратян, «Дагъистан» абураб рухIияб лъай кьеялъул централъул нухмалъулев ГIисахIажи ГIусманов, исламияб правоялъул бутIаялда исламиял ва ва гIарабазул цIех-рехал гьариялъул централъул доктор Адхам Таммам Фарраджа ГIабдуррахIман (Египет), вузазул вакилзаби, гIелмиял церехъаби ва цогидалги.

«Спорт – терроризмалде данде!»

Гьединаб ахIиялда гъоркь ДагОгниялда, ДРялъул муфтияталъул хIаракаталдалъун, тIобитIана волейбол хIаялъул рахъалъ къецал. Къецазда гIахьаллъи гьабуна диниял хIаракатчагIаз. Гьелъул хIасилалда бергьана ва кубокалъе мустахIикълъана «Имамы Махачкалы» команда. КIиабилеб бакI щвана «ЦТО» командаялъе ва лъабабилеб бакI ккуна «СТО» командаялъ.

Бергьаразе ва гIахьаллъаразе кьуна дипломал, медалал ва гIарцулал шапакъатал. Турниралъул гьалбадерида гьоркьор рукIана муфтиясул заместитель ГIабдулла Салимов, муфтияталъул югалъулаб округалда вугев вакил ХIусен ХIажиев, ДагОгни шагьаралъул бетIерасул заместитель Арсен ИбнухIажаров, гIолилазул политикаялъул ва спорталъул комитеталъул нухмалъулев Сосланбек Ражабов, ДагОниялъул имамзабазул советалъул председатель Шарафудин Мустафаев ва цогидалги.

«Аль-Азгьаралъул» профессор

Дагъистаналде вачIарав «АльАзгьар» университеталъул профессор Адгьам Таммам гьоболлъухъ щвана ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандихъе. «Дун духъе вачIана дуца дие дугIа гьабиялде хьулги лъун», - ян абуна гьоболас Дагъистаналъул муфтиясда. Шайих АхIмад-афандица бицана жив цIакъ вохарав вугин гьадинаб дандчIвай ккеялдаса ва абуна умумуз кидаго адаб гьабулаанин гIарабазул. «Нижер умумул аза-азар километрги нахъа тун унаан гIарабазул ракьалде, гьезда берчIвазелъунцин. Гьединлъидал жакъа нижги рохарал руго мун гьоболлъухъ вачIиналдаса», - ян абуна рухIияв цевехъанас.

Адгьам Таммамица бицана Россиялда жинцаго гьабулеб бугеб хIалтIул. Египеталдаса гьев профессорас дарсал кьола Болгаралъул исламияб академиялда. «Дун Россиялде вачIана гъоркьиса. Лъабго моцIалъ дарсалги кьун тIадвуссана Египеталде. Исана цIалул сон байбихьаралдаса нахъеги дарсал кьолев вуго рехсараб академиялда. Нилъеда тIадаб иш бугелъулха лъай тIибитIизаби», - ян абуна Адгьам Таммамица. Шайих АхIмад-афандица абуна Дагъистаналдасаги мутагIилзаби цIалулел ругин Болгаралъул исламияб академиялда. «Дагъистаналда лъай тIалаб гьабиялъе гIурал ресал ругониги, нижецаги ритIула гьенире мутагIилзаби. Ва хьул буго мун гIадинал гIалимзабазул баракатги щун гьел тIадруссинин абураб», - ян бицана муфтияс.

Дагъистаналда тIобитIана гIолилазул форум

Дагъистаналда тIобитIана VIII халкъазда ва диназда гьоркьосеб гIолилазул форум. Гьеб тадбир рагьиялда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовас, хIукуматалъул председателасул заместитель Рамазан Жафаровас, муфтияталъул председатель МухIаммад Майрановас, миллияб политикаялъул ва диниялл ишазул министр Энрик Муслимовас, Татарстан республикаялъул муфти Камил-хIазрат Самигуллиница, Сибиралъул ДУМалъул муфти Зулкъарнай Шакирзяновас, Томск областалъул муфти Нурулла Турсунбаевас, Дальний Востокалъул муфти Рамазан ГIалиевас, диниял ва политикиял хIаракатчагIаз. Тадбир нухда бачана Султан Трамовас. Дагъистаналъул муфтиясул рахъалдасан саламги кьун, кIалъазе вахъарав МухIаммад Майрановас бицана форумалъул бугеб кIваралъул ва церечIарал масъалабазул хIакъалъулъ.

Болгаралъул академиялда данделъана

Болгаралъул исламияб академиялда тIобитIана «Исламоведение и исламская теология в современной системе образования: проблемы и перспективы» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб гIелмиябгун практикияб конференция. Динияб лъай кьеялъул рахъалъ ругел масъалабазул бицине академиялда данделъун рукIана Россиялъул ва къватIисел улкабазул машгьурал теологал, имамзаби, жамгIиял хIаракатчагIи, вузазул мугIалимзаби ва студентал.

Конференциялъул хIалтIулъ гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталъул делегациялъги. Гьелъие нухмалъи гьабуна муфтиясул тIоцевесев заместитель ГIабдулла Аджимоллаевас. Саламалъулаб кIалъай гьабуна Болгаралъул исламияб академиялъул ректорасул ишал тIуралев Айнур Тимерхановас.

Дагъистаналъул муфтияталъул ва шайих АхIмад-афандил цIаралдасан салам кьуна ГIабдулла Аджимоллаевас ва «Роль современного фетвотворчества в развитии Дагестанской богословской школы» абураб темаялда тIасан гьабуна доклад. Гьединго пленарияб заседаниялда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул муфтиясул заместитель Шамил ГIалихановас ва муфтиясул кумекчи Идрис Асадулаевас.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...