Аслияб гьумералде

Z:АССАЛАМ ВЕРСТКА (ничего не удалять!)На сайтПапка As_salam_avar-05-2026LinksНовая папка

Z:АССАЛАМ ВЕРСТКА (ничего не удалять!)На сайтПапка As_salam_avar-05-2026LinksНовая папка

Баракатаб рамазан моцӀ тӀаде щвеялда цебе Хьаргаби росулъ тӀобитӀана районалъул руччабазе хIадур гьабураб тадбир. Гьелъ дандеги гьаруна гьаб моцӀалъухъ урхъун рукIаралщинал.

Тадбир берцин гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель ГӀабдулаев Тажудинил ва КӀикӀуни росдал имам МухIаммадов ХIасанил кӀалъаяз.

ГӀуцӀарухъабаз хӀадур гьабун букIана бечедаб программаги. Ясли-ахалъул лъималаз бихьизабуна Шамил имамасул хӀакъалъулъ сценка, ахӀана мавлидал. Гьединго залалда рукӀаразе рекӀее гӀуна миллияб ратӀлил берцинлъи ва батӀи-батӀиял рахъал рихьизарулеб церерахъинги.

Данделъиялда кӀалъана лъай кьеялъул идараялъул хӀалтӀухъаби ва гьез бицана рамазан моцIалъул гьабизе кколеб адабалъулги хIурматалъулги хIакъалъулъ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...