Аслияб гьумералде

Дагъистаналъул муфти дандчIвана

Дагъистаналъул муфти дандчIвана

Дагъистаналъул гIалимзабазул советалъул председатель, муфти, шайих АхIмад-афандил гIахьаллъигун тIобитIана республикаялъул округазда ругел муфтияталъул хасал вакизабазул данделъи.

Гьел вакилзабаз гьабулеб хIалтIи буго цIакъго кIудияб. Гьезул нухмалъиялда гъоркь хIалтIула росабазул имамзабиги. Бищунго аслияб жо, гьезие кIвар бугеб ишлъун ккола рухIияв цевехъанасул гIакълу, насихIат ва гьеб мурадалда тIоритIула гьединал данделъабиги.

Иргадулаб дандчIваялда муфтияталъул вакилзабаз бицана гьабулеб ва гьабизе бугеб хIалтIул, цо-цо бакIазда тасдикъ гьарурал имамзабазул хIакъалъулъ, ралел ва къачIалел ругел мажгитазул.

Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул председатель ГIабдулла Салимовас ва муфтиясул заместитель МухIаммад Мангуевас.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...