Аслияб гьумералде

Шайих Ахlмад-афанди

Шайих Ахlмад-афанди

Дагъистан гвангъараб

Файизалъул нур,

Дуниялго цIураб

Иршадалъул бакъ.

ГIаламго баччарав

Къуватав устар,

ХIакъалде ахIулев

ГIелмудал ралъад.

Дир хирияв устар,

АхIмад-афанди.

ХIакъаб иршадалъул

Камилав устар.

Нижер ургъел гьабун

ГIумру кIочарав,

Нижер ургъел гьабун

Гьарделев вугев.

Унго, дир хирияв,

Дур гIумруялъул

ХIабибасда релълъен

Щибаб рахъалъан.

Рижиго дур буго

Гьесда релълъараб,

Насабги буго дур

Досда хурхараб.

ГьитIинго мун гIуна

Эмен гьечIого,

Хьихьана кIудица

Расулго гIадин.

Хадуб эбелалъги

Тарбият кьуна,

ГьитIинлъи бихьулищ,

Гьесда релълъараб.

ГIабдулхIамид-устар,

КIудияв эмен,

Гьесулго ишара

БукIана дуде.

ГIуравго гьав вугин

Халкъ тIобитIизе,

Муршиду камилан

Бицунго тарав.

ГIолохъанго гьабун

Сулукалъул нух,

РагIа-ракьанде щун

Дуца лъугIана.

Хадуб гIелмуги дур,

Камиллъиялде

Щвараб букIиналъе

Ишара бугеб.

Чанги соназ дуца

МутагIилзаби

ГIелму-гIамалалда

Куцан рачана.

Мун вокьуларезцин

Дур хIикматалъе,

ХIабибасе гIадин

НугIльи гьабуна.

Цеве арав муфти

Шагьидлъаравго,

Агьлу хIилли вал-гIакъд

Данде гьабуна.

Киналго гIалимаз

Цого кIалдисан,

Гьав рекъарав вугин

Муфтилъун тана.

Бищунго хIинкъараб

Заман букIана,

Чанги гIалимзаби

ЧIван шагьидлъана.

Лъиего бокьичIо

ХIинкъараб «хIалтIи»,

Нухмалъи гьабизе,

ТIаде босизе.

ХIабибасул наслу,

Расуласул ирс.

Гьесул бахIарчилъи

КъутIбуясул нур.

Камилаб гIелмуги,

ВарагI-такъваги,

Кинабго рахъалъан

Мун рекъон ккана.

Нижее Аллагьас

ЧIового кьурав,

ХIакъаб нух малъизе

ВитIарав Магьди.

Заманаялъ тIаде

Щварал питнаби,

Гьелъие тIабиблъун

Нижей щварав мун.

МутагIилзабазе

Дарсалги кьолев,

Муридзабазулги

РакIал къачIалев.

Ургъелги бикьулев,

ГIакълуги кьолев,

Гьединав гуревищ

ХIабиб вукIарав.

Жиндир заманалъул

Кумалаазул,

Дуда данделъана

ТIолабго пикру.

Дуца гIадин абун

Халкъ тIобитIизе

Жидеда кIоларин

Гьел мукIурлъана.

Гьале лъеберабго

Сон унеб буго,

Дуца дагIваталъул

Жигьад гьабулеб.

ГIелмуги малъана,

ГIакълуги кьуна,

ГIадамазул ургъел,

Ишкал борхана.

Унтарал-щокълъарал,

Балагь рещтIарал,

Гьезулги гьабуна

Кутакаб ургъел.

ЗахIмалъи щваралги

Дур кIалтIе щвана.

Щивасеги кьуна

Разияб жаваб.

Дир умматин абун

ХIабиб ахIдана,

Дир халкъилан ахIдон

Мунги гьардана.

Гьале жакъа къоги

ЛъимералъулгIан,

Дуца ургъел буго

Нижер гьабулеб.

«Нужерго гIайибин»

Ниж рехун течIо,

Нилъер халкъ бугилан

ТIалаб гьабуна.

Улкаялъул ургъел

ТIадеги босун,

Щибаб бокIоналде

Вакил витIана.

Рес бугебщиналъуб

ДагIват гьабуна.

Малъа-хъван гIолилал

ХIалтIизаруна.

Щивасе батIаго

Нухал рахъана,

ГIинкъав-беццавгицин

ЧIового течIо.

Питнаялъул цIураб

ХIаяту-ддуня,

Гвангъизе гьабулеб

Иршадалъул бакъ.

Дунялалъул бецIлъукь

Къосарал ракIал,

Илагьияб нухде

Рачунев Далил.

Я, Рабби БетIергьан,

ГурхIулев Аллагь,

Дуде гьари буго

Дир устарасе

Сахлъи-саламалъи,

Тавпикъги гьабе,

БитIараб нухдасан

Ниж тIоритIизе.

Питна-кьал щваралги,

Балагь бачIарал,

РухIияб рахъалъан

ХIайран хутIарал,

Киналго тIоритIун

Дуниялалда,

Щибаб бокIоналде

ДугIатал ана.

 

МухIаммад НурмухIаммадов, ГIахьалчIи росдал имам

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...