Аслияб гьумералде

«Заманалъул бухьен – байбихьудаса нилъер къоязде щвезегIан»

«Заманалъул бухьен – байбихьудаса нилъер къоязде щвезегIан»

«Заманалъул бухьен – байбихьудаса нилъер къоязде щвезегIан»

Гьединаб цIаралда гъоркь «Россия – дир тарих» абураб тарихияб парк-музеялда тIобитIана гIолилазда гьоркьоб хIай.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна республикаялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министрасул заместитель Рафик Ханзаровас, МахIачхъалаялъул ва Грозныялъул архиепископ Варлаамица, МахIачхъала шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Даниял Умаиловас ва гIемерал цогидазги.

Гьеб хIай бухьинабун букIана КIудияб ВатIанияб рагъ лъугIаралдаса 80 сон тIубаялъул юбилеялда. Суалалин абуни рукIана диналда, тарихалда ва жамгIияб гIумруялда хурхарал.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...