Аслияб гьумералде

КӀуяда росулъ данделъана

КӀуяда росулъ данделъана

КӀуяда росулъе рачIун рукIана Гъуниб районалъул имамзабазул советалъул председатель Ибрагьим ГӀабдулаев, «Инсан» фондалъул Гъуниб районалда бугеб волонтеразул централъул нухмалъулев ГӀабдула ШагIбанов ва районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник ГӀалиев ХӀасангун цогидалги диниял хIаракатчагIи.

Гьел дандчIвана росдал гIадамалгун, школазул цӀалдохъабигун. Бицана гьудуллъи-вацлъи цIунизе кколеблъиялъул, бусурбабазда тIадал ишазул ва кир ругониги жидецаго гьарурурал ишазухъ БетIергьанасда цере рахъиндал жаваб кьезе ккезе букIиналъул.

Гьеб сапаралъул бутӀа хӀисабалда «Инсан» фондалъ гӀуцӀана кванил нигӀматазул акция, гӀарцул кумек гьабуна цо чанго къварилъи ккарал хъизамазе.

Гьединго районалъул имам Ибрагьим ГӀабдулаевас жамагӀаталъе рузман къоялъ вагӀза гьабуна, щибаб къойил гӀумруялда жаниб цолъиялъул, цоцазе кумек гьабиялъул, гурхӀел-рахӀмуялъул кӀваралда тӀадчӀейги гьабун.

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Сабру тIагIин буго балагь

Кинаб бугониги балагь бачIиндал, нилъеда ракIалде ккола гьабунщинаб гIадада хванин, дица щиб гьабилебин абун, сабру тIагIуна.   Гьеб буго мекъаб пикру, гьединаб лъугьа-бахъиналда сабру гьабун чIезе ккола. Сабру гьабиялъулъ буго инсанасул къуват, бусурбанчиясул иман. Балагь бачIиндал, гьелъ...


Муфтияталда дандчIвана

ДРялъул муфтияталда, муфтиясул гIакълучIужу ГIайна ХIамзатова, дандчIвана СВОялда араб бакI лъачIого тIагIарал рагъулал хъулухъчагIазул улбулгун ва лъудбигун.  Гьединго, гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул БахIарчиясул эбел, МахIачхъала шагьаралъул №54 школалъул директор Сапижат...


КIиябго рокъоб талихI щвела

Нилъер диналда ригьин гьаби буго гIадат гуребги, цIияб гIумруялде гали тIамулеб, гъваридаб рухIияб магIна жиндилъ бугеб динияб къотIи-къай.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялде тIоритIел гьабулел гIаламатаздасан буго гьес нужее...


Дагъистаниязде хитIаб

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал, Дагъистаналда бараб чвахунцIадалъ гьабураб къварилъи нилъее ккола иргадулаб хIалбихьилъун.   ТIоцебесеб иргаялда, гIезегIан чи махIрумлъана мина-карталдаса ва магIишаталдаса. Гьайгьай, гьебги ккола тIаде тIамураб хIалбихьилъун. КIиабизе, тIабигIияб...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГIабдулатIипова Хадижат, 7 сон, Кокрек росу. ГIабдулвахIидов МухаммадгIали, 10 сон, Краснооктябрьский росу. ГIабдулвахIидов Наби, 7 сон, Гъизляр...