Аслияб гьумералде

Мажлис ва хIасилал

Мажлис ва хIасилал

Тахшагьаралда бугеб имам Шамилил цӀар кьураб мажгиталда тӀобитӀана «ГӀелмуялъул мажлис» абураб рухӀиябгун тарбия кьеялъулаб тадбир.

Дандеруссиналъул аслиял бахIарзаллъун рукIана «Имамасда нахъа 40 рогьалил как» абураб марафоналда гӀахьаллъулел гӀолохъанал бусурбаби.

Марафон бергьенлъиялда лъугӀизабурал лъималазе щвана ракӀалде щвеялъулал сайгъатал ва грамотаби.

Диниял хӀаракатчагӀаз ва теологаз лъималазегун гьезул эбел-инсуе бицана гӀун бачӀунеб гӀелалда битIараб нух бихьизабиялъул мурадалда гьабулеб хIалтIулъ тасамахIлъи биччазе бегьуларин абун.

Байрамалъул ахиралда тIобитIана лъай кьеялда бухьинабураб викторина ва гьелда гъираялда гӀахьаллъана лъималгун чӀахӀиял.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...