Аслияб гьумералде

Дилим росулъ риидалил курсал къаялъул данделъи

Дилим росулъ риидалил курсал къаялъул данделъи

Дилим росулъ риидалил курсал къаялъул данделъи

Казбек районалъул Дилим росулъ тIобитIана риидалил курсал къаялъул данделъи. Мажлис гьабиялъул иш тIаде босарав чи ккола Рамазан Ганишев. Гьеб мажлисалда лъималазе гIуцIун букIана аниматоразул цере рахъинал, интересал къецал ва цогидалги сайгъатал.

Мажлисалъул ахиралда кIалъазе вахъана Казбек районалъул имам АхIмадрасул Качалаев. Жиндирго кIалъаялда гьес баркала кьуна лъималазул эбел-инсуе лъималазе тарбия кьезе божилъи гьабуралъухъ. Гьеб хIалтIулъ гIахьаллъи гьабуразе кьуна баркалаялъул кагъталги.

Жеги имамас баркала загьир гьабуна казбек районалда бугеб «Инсан» фондалъул вакиллъиялъе, гьез гьабулеб кумекалъухъ.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...