Аслияб гьумералде

КватIичIого къватIибе бачIина «Бидаятул-гьидаят»

КватIичIого къватIибе бачIина «Бидаятул-гьидаят»

КватIичIого къватIибе бачIина «Бидаятул-гьидаят»

ДРялъул муфтияталъул гIелмияб отделалъ къватIибе биччазе хIадур гьабун буго кIудияв гIалим Абу ХIамид МухIаммад аль-Гъазалиясул «Бидаятул-гьидаят» абураб тIехь.

900 соналъ цебе хъвараб гьеб тIехь жакъаги буго кутакалда жиндаса пайда босизе рекъараблъун.

ТIаде гIолеб гIелалъе пайдаяб гьеб тIехьалда бицунеб буго БетIергьанасе гIибадат гьабизе кколеб куцалъул ва гьелъул хIасилалда жакъа дунялалдаги метер ахираталдаги талихI щвезе бугеб ресазул.

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...