Аслияб гьумералде

ДГИялъул студентазе кьуна дипломал

ДГИялъул студентазе кьуна дипломал

«Россия - моя история» абураб тарихияб паркалда тIобитIана исана ДГИ лъугIаразе дипломал кьеялъулаб тадбир.

Выпусниказе лъикIабщинабги гьарулаго, ДГИялъул ректор НухIкъади БахIмудкъадиевас абуна: «Институталда ц1алулел соназда жаниб нужее щвана лъай гуребги хьвада-ч1вадизе кколеб къагIидаялъул дарсалги. Кир ругониги нуж руго институталъул гьумер, нилъер ч1ухIи ва тарих. Дир гьари буго, бугелда гIей гьабун ч1оге. ХIаракат бахъе тIадеги лъай тIалаб гьабизе, халкъалъе пайдаяллъун рукIине», - ян.

ДРялъул муфтияталъул ц1аралдасан кIалъана муфтияталъул председатель ГIабдула Салимов.

Институт лъугIи гIолохъабазда баркана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимовасги.

Гьеб данделъиялда ДГИялъул преподавателазе кьуна шапакъатал ва гIумраялде ине ихтияр кьолел путевкаби.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....