Аслияб гьумералде

ЦӀидасанги басмаялда бахъана

ЦӀидасанги басмаялда бахъана

Дагъистаналъул цӀар рагӀарав гӀалимчи, КъахӀиса шайих ХӀасан-афандияс хъвараб «Васаил ал-мурид фи расаил ал-устаз ал-фарид» абураб тӀехь цӀидасан къватӀибе биччан буго Дагъистан республикаялъул муфтияталъул гӀелмияб отделалъ. ТӀехьалда руго шайихас жиндирго муридзабазухъе (мутагӀилзабазухъе) хъварал хасал кагътал ва гьарурал хитIабал.

Кьун руго тасаввуфалъул хӀакъалъулъ гъваридал малъа-хъваял, бицун буго рухӀияб нухалъул, тарбия кьеялъул, мугIалимасдаги мутагIиласдаги гьоркьор рукIине кколел адабазул.

ЦӀидасан басмаялда бахъараб тӀехь цӀигьабун ва хӀадурун буго гьанжесел стандартазда рекъон.

ТӀехь босизе бокьаразда гьеб батила республикаялда ругел исламиял тӀахьазул тукабазда.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...