Аслияб гьумералде

ЦIунтIа районалъул ва БежтIа участокалъул цадахъаб ифтар

ЦIунтIа районалъул ва БежтIа участокалъул цадахъаб ифтар

МахIачхъалаялда, ГIиса аварагасул цIаралда бугеб РухIияб централда, тIобитIана ЦIунтIа районалъул ва БежтIа участокалъул жамагIатазул вакилзабаз гIуцIараб цадахъаб ифтар.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна ЦIунтIа районалъул бетIерасул ишал тIуралев АхIмад ХIамзатовас, районалъул имамзабазул советалъул председатель Халидшагь МухIаммадовас, БежтIа участокалъул бетIер Шамил Арадаховас, машгьурал гIалимзабаз, гIелмиялгун жамгIиял вакилзабаз.

КIалъазе рахъараз бицана рамазан моцIалъул хиралъиялъул, БетIергьанасе гIибадат гьабиялъулъ кIарчанлъи биччазе бегьулареблъиялъул ва хадубккунги лъикIал ишал гьаризе гIедегIине тIадаб букIиналъул хIакъалъулъ.

АхIана нашидал, тIоритIана батIи-батIиял къецал ва можоро рехана гIумраялде ине изну кьолеб путевка щвеялъе.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...