Аслияб гьумералде

ТIаса Инхоб тIобитIана мажлис

ТIаса Инхоб тIобитIана мажлис

ТIаса Инхоб тIобитIана мажлис

Гьеб баракатаб мажлисалда гIахьаллъи гьабуна ГIумбет районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIабдула Ибрагьимхановас, росабазул имамзабаз, диниял хIаракатчагIаз. Гьединго мажлисалда гIахьаллъизе рачIун рукIана ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъул отделалъул начальник МухIаммад МухIаммадов, районалъул депутатазул собраниялъул председатель Мухтар АхIмадов, ЦIияб Чуртахъ росдал имам Къурбандибир ГIумарасхIабов, тохтур ХIабиб МухIаммадов, магIарул мацIалда къватIибе биччалеб «Ас-саламалъул» редактор ГIабдула МухIаммадов.

Гьенибго тIобитIана лъималазда гьоркьоб «Благонравие праведников» абураб тIехьалда тIасан лъазабун букIараб къецалъул хIасилалги. Гьелъул хIасилалда, тIоцебесеб бакI щвана Мансурова ПатIиматие (ТIаса Инхо); кIиабилеб бакI – ИсмагIилова Сайгибатие (Аргъвани); лъабабилеб бакI – МаламухIаммадова ПатIиматие (ТIаса Инхо).

Бергьаразе кьуна шапакъатал ва гIарцулал сайгъатал. Масала, тIоцебесеб бакI ккуразе - 30 азарго гъурущ, кIиабилеб бакIалъухъ - 20 азарго гъурущ ва лъабабилеб бакIалъухъ - 10 азарго гъурущ. 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...