Аслияб гьумералде

«СахIихIул Бухариялда» тIасан пикру

«СахIихIул Бухариялда» тIасан пикру

«СахIихIул Бухари» тIехь экстремистияблъун лъазабун бугин рагIидал, бусурбабазда гьоркьоб гIемераб хабар букIана. Гьединлъидал, Дагъистаналъул муфтияталъ гьелда тIасан гьабураб хитIабалда хъвалеб буго:

«ХIурматиял бусурбаби, хIадисазул тIехь – «СахIихIул Бухари» Россиялда лъицаго гьукъун гьечIо. Гьеб гьукъун бугин абун интернеталдасан тIибитIизабулеб хабар бухьараб буго гьелъул гIурус мацIалде гьабураб таржамаялда. Хас гьабун гьеб тIехьалда тIасан буго хабарги ва низам цIунулез цере лъолел тIалабалги. Цоги нухалда абуниги, хIакъикъияб тIехь, ай «СахIихIул Бухари» лъицаго ва кибго гьукъун гьечIо».

Гьединго гьукъун гьечIо ДРялъул ва татаразул муфтиятазул хIалтIухъабаз гIурусалде буссинабураб «СахIихIул Бухариги».

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...