Аслияб гьумералде

«Ас-саламалъул» байрахъ

«Ас-саламалъул» байрахъ

Казбек районалъул Калининаул росулъ бугеб «Орхидея» абураб банкетазулаб залалда тIобитIараб тадбиралда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХIажимурад Мусаев, ДРялъул муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухӀаммад Мукъошдибиров, районалъул имамзабазул советалъул председатель АхӀмадрасул Качалаев, МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имам ва хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ГӀиса Салимсултанов ва ЧIикIаб росдал имам Ибрагьим ИсмагӀилов.

Данделъи тIобитIиялъе гIиллаги букIана араб соналда жаниб районалда гьабураб хIалтIул ва гьаризе ругел ишазул бицин.

КӀалъазе рахъараз бицана районалъул жамгӀияб, рухӀияб гӀумруялъулъ диниял хӀаракатчагӀаз лъураб бутӀаялъул хIакъалъулъ.

«Инсан» фондалъул хIаракаталдалъун гьарурал тадбирал рехсана ва рихьизаруна тематикиял видеороликал.

Гьеб дандеруссиналъул аслияб лахӀзатлъун ккана Казбек районалъе «Ас-салам» газеталъул хьвадулеб хасаб байрахъ кьей.

Дагъистаналъул киналго муниципалитетазда гьоркьоб бищунго цӀикӀкӀараб подписка букӀиналъ районалъе щвана гьеб шапакъат.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...