Аслияб гьумералде

Бусурбанчияс хвасар гьаруна лъимал

Бусурбанчияс хвасар гьаруна лъимал

Бусурбанчияс хвасар гьаруна лъимал

Египеталъул Гиза шагьаралъул килисаялда цIа ккедал, гьенир жанир рукIарал лъимал хвасар гьаруна бусурбанчияс.

ЦIа ккеялъул хIасилалдайин абуни хвана 41 чи ва больницаялде ккана 14-яв.

«Килисаялда цIа ккун букIин бихьидал, ургъизе заман букIинчIо. Дун хехго жаниве кIанцIана ва беролеб бугеб цIаялъухъги кIкIуялъухъги балагьичIого гIадамал хвасар гьаризе лъугьана», - ян бицана МухIаммад ЯхIяца.

Гьев гIумру гьабун вуго килисаялда гIагарлъухъ бугеб минаялъув.

Лъималги къватIире рачун, цо херав чи хвасар гьавизелъун, кIиабизеги цIадулъе кIанцIана МухIаммад ЯхIя. Гьевги къвалакь ккун вачIунаго, ЯхIя хъущтIана ва гIодов ккана. ХъущтIиялъе гIиллаги букIана цIа свинабулез гIемераб лъим гьенибе тIун букIин.

ЯхIял бох бекана ва гьев больницаялде ккана. Гьесие баркала загьир гьабизе больницаялде вачIун вукIана килисаялъул хъулухъчиги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...