Аслияб гьумералде

Терроралде данде

Терроралде данде

Терроралде данде

Дагъистаналда лъазабун буго СМИяздасан тIибитIизабулеб терроралде данде къеркьеялъул мурадалда республикаялъулаб конкурс. Гьелъул хIаракатчагIи ккола Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерство ва Дагъистаналъул гуманитарияб институт.

Гьелда гIахьаллъи гьабизе бегьула СМИязул хIалтIухъабаз, жамгIиял хIара-катчагIаз, блогераз ва бокьарав цогидав чияс.

Конкурс тIобитIулеб буго щуго номинациялда рекъон: «Лучшая телевизионная программа», «Лучшая радиопередача», «Лучший видеоролик», «Лучшая публикация в республиканских печатных (электронных) СМИ», «Лучшая публикация в сети Интернет (социальные сети, блоги и т. д.)» абураб.

Конкурсалда гIахьаллъизе ихтияр буго исана 1 январалдаса 1 августалде щвезегIан къватIире арал материалазул авторазул.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...