Аслияб гьумералде

ХIежалъул хIакъалъулъ бицана

ХIежалъул хIакъалъулъ бицана

ХӀежалде ине заман щолеб букIиналда бан, МахӀачхъалаялда тӀобитӀараб данделъиялда гIахьаллъана хӀеж борхиялъул рахъалъ жавабиял идарабазул ва гӀуцӀабазул вакилзаби. Гьенир гьоркьор лъурал аслиял суалал рукӀана авиатранспорталда, сапаралъул шартӀал, СагӀудиязул ГӀарабиялъул Къираллъиялъул тӀалабазда хурхарал.

Данделъиялда бицана аэропорталде щведал хӀажизабазда дандчӀвазе бегьулел рахъазул ва хӀинкъигьечӀолъи цIуниялъул суалазул.

Россиялъул судалъул приставазул федералияб хъулухъалъул ДРялда бугеб идараялъул отделалъул нухмалъулев ГӀалиев Минатулаца абуна жидеда хадур налъаби ругезе гӀорхъи бахине гьукъизеги бегьулин абун. Гьединлъидал, сапаралъ рахъиналде гьеб суалги роцIцIинабизе кколин ФССПялъул сайталда бугеб «Исполнительные процессы» абураб базаялде яги «Госуслуги» порталалде раккун.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...