Аслияб гьумералде

«Лъаялъул сордо»

«Лъаялъул сордо»

МахIачхъалаялда, шайих Зайнулла аш-Шарифил цIаралда бугеб мажгиталда тIобитIана Гумбет районалъул жамагIаталъе сайгъат гьабураб «Лъаялъул сордо» абураб мажлис.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтиясул заместитель КъахIиса МухIаммадица, муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIалиасхIаб Разакъовас, районалъул иммзабазул советалъул председатель Мурад Насрудиновас, районалъул администрациялъул вакилзабаз ва цогидазги.

Мажлисалда кIалъазе рахъараз гьаруна вагIза-насихIатал, бицана тIабигIат-гIамал цIуниялде кьезе кколеб кIваралъул, рухIияб рацIцIалъиялъул бугеб хиралъиялъул, церехъабазда хадур рилълъиналда жаниб букIунеб баракаталъул, тIаде гIолеб гIелалъе битIараб тарбия кьезе кколеблъиялъул хIакъалъулъ.

ВагIзабазда гьоркьо-гьоркьоб ахIана Авараг ﷺ веццун нашидалгун мавлидал ва тIобитIана къиматал сайгъатал, хасго гIумраялде ине путевка щвеялъе можоро бахъиялъул тадбирги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...