Аслияб гьумералде

Нилъеда гьоркьор руго БахIарзал

Нилъеда гьоркьор руго БахIарзал

ЦIунтIа районалъул Зехида росулъ ккезе бахъана талихIкъосараб лъугьа-бахъин. Амма росуцоязул бахIарчилъи сабаблъун гьелдаса БетIергьанас цIунун хутIана.

Лъабго сон барай Фатима ясандулей йикIана гIурул рагIалда. Цо заманалдаса гьей гIурулъе йортана. ЦIорораб лъелъе ккарай гьей лъавудаса ана ва гIоралъ цеехун хъамулей йикIана. Цойидасанго гьей йихьана 71 сонил ригьалде вахарав ГIумар МухIаммадовасда. Расги ургъичIого ва сундулго пикру гьабичIого гьев гIурулъе кIанцIана. Хапан ккуна яс ва хехго гIорулъа къватIиве вахъине хIаракат бахъана. Гьеб кинабго лъугьа-бахъунеб бихьана аскIосан унев вукIарав гIолохъанчи НухIудин ИсмагIиловасда. Гьевги кIанцIана кумекалъе ва кIиясго яс гIурулъа къватIие яхъана.

Гьеле гьединаб бахIарчияб иш гьабурал чагIи «Инсан» фондалъги районалъул бетIерасул ишал тIуралесги баркалаги сайгъаталги кьун кIодоги гьаруна.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...