Аслияб гьумералде

КъехIдерил жамагIат - муфтиясухъ гьоболлъухъ

КъехIдерил жамагIат - муфтиясухъ гьоболлъухъ

КъехIдерил жамагIат - муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагьал церегIан къоязда Шамил районалъул КъахIиб росдал жамагIат зияраталъ щвана ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандиясухъе.

КъахIиб росдал делегациялъ рухIияв цевехъанасухъе кьуна МухIаммад ﷺ аварагасул, гьесул хъизамалъул чагIазул ва тIарикъаталъул устарзабазул цо-цо асарал.

Масала, Аварагасул ﷺ ва КъахIиса ХIасан-афандил ратIлил цо-цо бутIаби; МухIаммад-ГIариф-афандиясул букIараб плащ, Сайфуллагь-къадияс ХIасан-афандиясе сайгъат гьабун букIараб какикьтIам, МухIаммад-ГIариф-афандиясул букIараб бухари-тIагъур ва цогидалги жал.

ЖамагIаталъе ракI-ракIалъулаб баркалаги загьир гьабулаго, шайих АхIмад-афандица абуна жинда ракIчIун абизе кIолин нужер умумуз кIудияб хIурмат гьабулеб букIанин ХIасан-афанди, МухIаммад-ГIариф-афанди гIадал устарзабазул.

«Гьеб гьабулеб букIинчIебани жакъа нуж гьанире рачIине рукIинчIо. Гьелдаго цадахъ, жакъа нужеца дие сайгъат гьарурал гьал къиматал асаралги ккола нилъее гIаммал, ай умматалъего хасал», - ян абуна шайих АхIмад-афандица.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...