Аслияб гьумералде

ЧIиркъатIа гьабуна мавлид

ЧIиркъатIа гьабуна мавлид

Гумбет районалъул ЧIиркъатIа росулъ тӀобитӀана РабигӀул аввал моцӀалъул хӀурматалда мавлид.

Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана ДРялъул муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГӀалиасхӀаб Разакъов, Гумбет районалъул имамзабазул советалъул председатель Мурад Насрудинов, районалъул бетӀер Гъалип Гъалипов, Унсоколо мухъалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ГӀабдулахӀидов, Гумбет районалъул гӀолилалазул жамгӀияб гӀуцӀиялъул вакилзаби, гьединго, росдал жамагIатгун районалъул росабазул имамзаби.

РухӀиял церехъабаз жидерго кӀалъаязда гьоркьор лъуна жамагIатазда церечIарал жакъасел суалал.

Гьеб данделъи ва хадуб ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясул цIаралда греплингалъул рахъалъ турнир гӀуцӀараллъун рукӀана 2003 соналда ЧӀиркъатӀа гьоркьохъеб школа лъугӀарал цӀалдохъаби.

Данделъиялъе ахир гьабуна гIаммаб дугIа гьабиялдалъун.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...