Аслияб гьумералде

Дагъистаналъул муфтиясе шапакъат кьуна

Дагъистаналъул муфтиясе шапакъат кьуна

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад афанди кIодо гьавуна «За доблестный труд» абураб медальги кьун. Муфтиясе пачалихъияб шапакъат кьеялъул хIакъалъулъ бахъараб указалда гъоркь гъул басана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовас. Официалияб къагIидаялъ муфтиясе гьеб шапакъат кьуна 20 январалда Сергей Меликовас, Гьудуллъиялъул рокъоб тIобитIараб данделъиялда.

Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ тасдикъ гьабуна

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъала шагьаралъул № 3 клиникияб больницаялъул директор Асият Борисова дандчIвана ДРялъул сахлъи цIуниялъул министралъул ишал тIуралей Татьяна Беляевагун. Гьез бицана рехсараб больницаялда хIалтIулел ругел паллиативниябгун реабилитациялъулал отделениязул хIакъалъулъ ва рорхана цогидалги суалал.

Татьяна Беляевалъ абуна паллиативнияб кумек гьабиялъул хасал бригадаби гIуцIиялъул кIудияб кIвар бугин. Гьединаб отделения шагьаралъул № 3 больницаялда рагьун букIана гъоркьиса октябрь моцIалда. Министралъул ишал тIуралелъ, дандчIваялъул ахиралда, больницаялъул коллективалъе баркала загьир гьабуна коронавирусалъулаб инфекциялде данде гьабулеб бугеб къеркьеялъухъги.

«Инсаналъ» кIиго мина бана

«Инсан» фондалъул ва сахаватчагIазул кумекалдалъун росал хун хутIарал ва лъимал гIемерал къоролруччабазул кIигоялъе ран кьуна минаби. Рес къотIараб хIалалде ккарал ХIалимат ЛабазанихIмаевалъулги Хадижат Устархановалъулги тIалабчилъиялъулаб иш тIаде босун букIана фондалъ. «Я-опекун» абураб программаялда рекъон, хIаракат бахъана гьезие кумек гьабизеги. КIигогIан соналда жаниб рана гьезие минаби ва руччабазул мурадги тIубана. ПалхIасил, минаби раялъе бакIарараб гIарцул къадар бахана 1,5 млн гъурщиде.

Бертаби гьариялъул къагIидаби хисизаруна

Коронавирусалъулаб инфекция тIибитIун букIиналда бана, Дубаялъул нухмалъиялъ хIукму гьабуна бертаби ва цогидалги тадбирал тIоритIиялъул къагIидаби хисизаризе. Масала, бертин гьабулелъул рохалилаб тадбиралда гIахьаллъи гьабизе ахIизе бегьула гIицIго 10 чи. Гьелги рукIине ккола цебесеб гIагарлъиялъул чагIи.

Гьединаб хIукму къабул гьабилалде Дубаялъул нухмалъиялъ рестораназул, кафеязул ва цогидалги жамгIиял бакIазул хважаинзабазда лъазабун букIана щибаб столалда гьоркьоб букIине кколин, цебегIадин кIиго гуреб, лъабго метр абунги. Gulf Newsалъул баяназда рекъон, ахираб заманалда цIакъго гIемерлъун буго COVIDалъ унтулезул къадар. Гьединлъидал гIорхъичIваял гьаричIого чара гьечIин лъазабуна Дубаялъул тIалъиялъ.

ГIолилалгун дандчIвана

МахIачхъалаялда, «Сальва» рестораналда, данделъун рукIана ЦIунтIа районалъул гIолилал ва спортсменал. Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна муфтиясул заместитель МухIаммад Майрановас, муфтиясул кумекчи Идрис Асадулаевас, муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил МухIаммад Дибирдадаевас, районалъул имамзабазул советалъул председатель ХIамзат МухIаммадзамировас, районалъул гIолилазул цевехъан МухIаммад ГIумаровас ва гIемерал цогидазги. КIалъазе рахъараз бицана гIолилазул гIумруялъулъ спорталъ кколеб бакIалъул ва щивав чияс сахаб гIумру гьабизе ккеялъул. Гьединго гIолилал ахIана тIабигIат-гIамал берцин гьабиялда тIад хIалтIизе ва адаб бугеллъун рукIине.

Районалъул бетIергун дандчIвана

Гъуниб районалъул диниял хIаракатчагIи дандчIвана районалъул бетIер МудунхIажи Къадировгун. Гьеб данделъиялда гIахьаллъана имамзабазул советалъул председатель Ибрагьим Къулдуев, лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммадшафи АхIмадов, Гъуниб росдал имам ГIабдула МухIаммадгIалиев ва цогидалги.

М. Къадировас бицана диниял хIаракатчагIазулгун цадахъ лъугьун гьабулеб хIалтIуде жеги цIикIкIун кIвар кьезе ккун бугин ва киналго ахIана гьеб рахъ цебетIезабиялде. И. Къулдуевас районалъул бетIерасе баркала загьир гьабуна «Ас-салам» газета тIибитIизабиялъул мурадалда бихьизабураб хIаракатчилъиялъухъ ва кьуна Баркалаялъул кагъат.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...