Аслияб гьумералде

ЦIалдохъабаз кумек гьабуна

ЦIалдохъабаз кумек гьабуна

ЦIалдохъабаз кумек гьабуна

ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъги «Инсан» фондалъги тIобитIараб тадбир букIана цIакъго кIвар бугеблъун.

Тадбиралъул гIахьалчагIаз бицана Палестинаялда бугеб ахIвал-хIалалъул ва гьениса лъутун Дагъистаналде рачIаразе кIвараб кумек гьабизе ккеялда тIадчIейги гьабуна.

Дандеруссиналда Гъуниб районалъул школазул цIалдохъабазги гьабуна гIахьаллъи. Гьез бакIарун бугоан Палестинаялъул лъималазе кумек гьабиялъул мурадалда гIарац. Гьениб гьел лъималаз Палестинаялдаса рачIаразухъе гьебги кьуна.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...