Аслияб гьумералде

Муфтияталъул вакиласе ва «Каспий» батальоналъул вукӀарав имамасе медалал кьуна

Муфтияталъул вакиласе ва «Каспий» батальоналъул вукӀарав имамасе медалал кьуна

Гъизляр районалда, Дагъистаналъул бетӀер Сергей Меликовасул гӀахьаллъигун, тӀобитӀана РакӀалдещвеялъулаб ах рагьиялъулаб тадбир.

Мемориалиял хъарщазда хъван руго батӀи-батӀиял бакӀазда улкаялъул хӀинкъигьечӀолъиялъе ва лъидаго бачӀеблъиялъе гӀоло гӀумру кьурал лъабазаргоялдаса цӀикӀкӀун районалъул гӀадамазул цӀарал.

Гьединго, рехсараб тадбиралда тӀобитӀана СВОялъул бахIарзазе ва «Каспий» абураб волонтеразул батальоналъул ветераназе шапакъатал кьеялъулаб тадбир.

Россиялъул президент Владимир Путинил указалдалъун, «Каспий» батальоналъул вукӀарав имам МухӀамад Ражабовасе кьуна «За отвагу» абураб медаль. ДРялъул бетӀер Сергей Меликовасул указалдалъун, МухӀамад Майрановасе кьуна Амет-Хан СултӀанил цӀаралда бугеб «ГӀолохъабазе ватӀан бокьиялъул тарбия кьеялъулъ лъураб бутӀаялъухъ» медаль.

Гьениб гIахьалчагIазде хитӀаб гьабулаго, Сергей Меликовас абуна: «Нужеца хӀукму гьабуна ВатӀан цӀунулезул кьеразулъе лъугьине. Ва гьединаб хIукмуги гьабуна нужеца жавабчилъиги кIварги бичӀчӀун. Баркала буго нужее ВатIаналда цебе гьабулеб хъулухъалъухъ», - ян.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...