Аслияб гьумералде

ЛъагIалида жаниб 600 хитIаб

ЛъагIалида жаниб 600 хитIаб 

ЛъагIалида жаниб 600 хитIаб

Руччабазул ва ясал-гIолилазул масъалаби тIураялъе рагьараб «Марьям» централде 2024 соналъ бачIун буго 600-ялдасаги цIикIкIун хитIаб.

Гьезул киназего кумекги гьабун буго рехсараб идараялъул махщелчагIаз. Хасго централде кумекалда хадур гIемер рачIунел руго хъизам цIунизе бокьарал рос-лъади, ай жидедаго дандчIварал масъалаби тIураялъе кумек хIажатал.

Психолог Марьям ГьитIиновалъ бицухъе, цебе хъизам цIунизе бокьун централде рачIунезул гIемерисел руччаби рукIун ратани, ахираб заманалда гIезегIан хIужаби кколел руго гьединабго мурадгун бихьинал рачIиналъулги.

Гьаб заман буго нилъеда, хасго тIаде гIолеб гIелалда гIемерал захIмалъаби дандчIвалеб. Гьединаб мехалда нилъго нилъеего гIун рукIинчIого лъикIаб буго юристазухъе, психиатразухъе,наркологазухъе ине, кумек хIажат букIиналъул бицине.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...