Аслияб гьумералде

Спортивияб хIалбихьи

Спортивияб хIалбихьи

Спортивияб хIалбихьи

 

Гъизляр районалда тIобитIана ислам лъазабизелъун риидалилал курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ къец.

Гьениб тIоцебесеб бакI ккуна Красный восход росдал командаялъ. КIиабилеб бакI щвана Шаумян росдал командаялъе ва лъабабилеб бакI – Вышеталовка росдал командаялъе.

Лъималазе вагIза-насихIат гьабун кIалъазе рахъана Гъизляр районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад Мансуров, гIолилазул цевехъан ГIисаев Рамазан, Южное росдал имам Муслим ГъазимухIаммадов ва цогидалги.

Жиндирго кIалъаялда районалъул имам МухIаммадица бицана эбел-инсул адаб гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ. «Хасаб турнир» бугин гьабин абун кIалъана ГIисаев Рамазан.

Бергьаразе шапакъатал кьуна Гъизляр шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель БахIандгIалиев Шамилица.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...