Аслияб гьумералде

Муфтиясул призалъе гIоло

Муфтиясул призалъе гIоло

Болъихъ районалъул ДЮСШалъул спортивияб майданалда тIобитIана ДРялъул муфтиясул призалъе гIоло волейбол хIаялъул рахъалъ къецал.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель Юсуф МухIаммадовас, районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIалиасхIаб Разакъовас, росабазул имамзабаз ва цогидазги.

Турниралда гIахьаллъи гьабуна Болъихъ, Гумбет, Гъуниб, Унсоколо, Шамил ва Хунзахъ районазул командабаз.

ХIалуцарал къецаздаса хадуб тIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана Шамил районалъул команда.

КIиабилеб бакI щвана хунздерие ва лъабабилеб бакI ккуна Гумбет районалъул командаялъ.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...